МухIамад КЪЕБЕДОВ : ТУРЦИЯЛДА МАГIАРУЛАЗУЛГУН ДАНДЧIВАЙ

РИК1К1АДА БУГО ДИР ВАТ1АН, РЕК1ЕЛЪ БУГО ДАГЪИСТАН Гьел руго Шагьабудин Озденил раг1аби Дагьаб цебег1ан маг1арулазул г1емерисезда раг1ана Турциялда, Ялова шагьаралъул мухъалда г1умру гьабун вук1арав нилъер дагъистаниязул вакил Жагьид Йилдирим г1умруялдаса ват1алъиялъул хабар. Гьеб ц1акъ рек1елъ къана. Жагьид вук1ана жиндир рак1ги г1амалги умумузул Ват1аналда хадуб ц1унарав чи. Рак1алда буго т1оцеве Турциялде щолев дидаги мунагьал чураяв журналист Сабир Нумух1амадовасдаги дандч1вазе Шагьабудин Озденгун цадахъ Мармаралъул ралъдал раг1алда Жагьидгун г1одов ч1араб къоги, цоги нухалда гьел нижеда дандч1вазе рач1ун рук1ана Ялова шагьаралдаса рахъарал Стамбул шагьаралъул аэропорталде щвезег1анги. Ахираб нухалда ниж, скульптор Г1алих1ажи Сайгидовун цадахъ дандч1ван рук1ана гьаб 2019 соналъул январь моц1алда Ялова шагьаралда. Гьаниб кинабго бицун лъуг1иларо.... Хьул буго Туциялда ккарал дандч1вазулги лъугьа-бахъиназулги рак1алде щвеязулги х1акъалъулъ хабар маг1арулазда жеги раг1изеги бихьизабизеги заман бач1ине батилилан абураб. Жакъа гьанив рак1алде щвезавизе бокьун буго жиндир мунагьал чураяв Жагьид... Т1оцебе кьолеб буго Жагьидилги Шагьабудин Озденилги маг1арулазда раг1изабизе бокьараб калам. Турциялде гьарурал сапаразул х1акъалъулъ т1убараб видиофильм х1адур гьабулеб буго. Иншаллагь, г1емер кват1ич1ого гьебги бихьизе рес щвела.
Back to Top