М КЪЕБЕДОВ Наслуялъул цIар цIунарав

Лъеберго гIан соналъ цебе кьучI лъун букIана имам Шамилил наиб Гьонодаса МуIаммад -Амин Асияловасул цIаралда жамгIияб фонд. Гьелъул аслияв хIаракатчиги вукIана ва жакъа къоялдаги вуго КIогьориб пихъил заводалъул захIматалъул ветеран Расулов МухIмад. МухIамадида цадахъ рукь цIазе рукIана мунагьал чураяв профессор, академик МухIамад Эльдарова жакъа къоялда гьелъул ургъел гьабизе хIадурав тарихиял гIелмабазул кандидат МуIамаддадаев ГIамирхан. Абизе ккола гьел гьалмагъзабаз гIезегIан нахъе хутIулеб хIалтIи гьабунилан. Чанго нухалъ МухIамммад-Аминил лъалкIда хадур сапар гьабуна Туркиялде. Гьелъул кьучIалда къватIире риччана тIахьал, Гьонода росулъ рагьана МухIамад-аминил зиярат, тIоритIана тукиялдаги дагъистаналдги батIи-батIиял мажлисал, дандеруссинал… Жакъа нижергун гара-чIвариялда вугев гье бицен гьабулеб фондалъул аслияв хIаракатчиги, живго МухIаммад-аминил наслуялъул чиги Расулов МухIамадица рикIунеб убго цебеялдасаги, жакъа гьесул цIаралдаса гьабулеб хIалтIи хIажат бугилан. Умумузул мацI,гIадат, тарих… Гьеб буго гьанжеги тIаде гIун бачIунеб гIелаллъухъе биун тIезе. Иншаллагь…
Back to Top